Версия для печати

глава VII

Гьаб дир батанани, мажгитул кIалтIа
Муфтий шагьидлъизе
щай дица тарав?
Огь, Сайид-МухIамад,
огь, АхIмадхIажи,
Нуж кватIараб рузман
буго каранлъ къан.
Гьаб нилъер батани,
огь, хъахIилаб зоб,
Гьаб хъачагълъи киса,
хъахIбалъи киса?
ГIахъушдерил щобде
щвараб багIарбакъ
Шамилил ракьалде кин бачIунареб?
Гьаб дир батичIони, дирго дирилан
Дун ахIдарав шайзе дуниялалда?
Гьаб чияр батани, гьалъул хиялаз
ХвезегIан шай дие хIалхьи толареб?
Дир чIаголъиялъул чIегIераб ящик,
Щиб чIинкIиллъиялде
гьанже мун ккараб?
ГъутIбузул тIогьазде тIадеги рахун,
Кинал пигмеяца дур гьоцIо цIцIураб?
КигIан каканиги бокьулеб гIумру,
Гьелда гIайиб чIвалев гуро дун вугев.
ГIезегIан мех бараб гьаб дунялалда
Дидаги бихьана бихьизе хъвараб.
Ургъелал гъенолел
гъутIбухъ хал гьабун,
Гъугъадарал санал какулел гуро,
Дица ракIарулел ракIалде щвеял
ШигIраби рукIана, кIочон толарел.
Прочитано 1751 раз