Версия для печати

глава VI

Дур махщел рагIула
къоринир ккарал,
Къваридал асирал хвасар гьаризе.
Къориниб ккун буго
нилъер Дагъистан,
Дуца квер кьеларищ
гьеб тIаде цIазе?
Бицуна боцIуде мун вачIунарин,
БацIазул кIалдиса цIигьан бахъизе.
БацIаз кунеб буго Кавказалъул ракI,
Дур каранлъ гьечIищ цIа
цо гьеб цIунизе?
ЦIвабиги гIисинлъун
рикIкIалъун руго,
Нилъер рукIа  рахъин бихьун батила,
Гьанже гьел цоцахъе
раккулел гьечIо,
Цоцалъ ракI сукIарал яцал кинигин.
Шекспир вукIунаан:
дагьаб махIцанищ,
МахI бугин Датазул къирарлъиялда.
Дида ккола, ХIажи, гьеб Датазулаб
Дагьа  макъаб бугин
нилъер гьанибги.
Огь, хиялазул къор,
огь, къасдазул хIор,
ХIабургъарал берал чIаголъиялъул,
ЧIегIер барал кучIдул,
кверкьовухъ хIасрат,
ХIалуцараб гьаракъ гьудуллъиялъул.
Гьанже Кавказалъул дандерижиги
Диде регIун гьечIо магIирокъосан.
Цояб бер бортараб, цояб рагьараб,
Ци гIадин балагьун буго дихъ гIасру.
Прочитано 1662 раз