Версия для печати

глава I

ЛъугIулел, лъугIулел, лъугIулел руго
Лъукъараб къарнудал
нухлул свераби.
ТIагIунел, тIагIунел,
тIерхьунел руго
Ральдал гIатIилъуде
гIумрудал русби.
Вилъинарищ, ХIажи,
дир хIалуцарал
ХIисабазул гъастIе,
къасдазул кьотIе?
Кьололарищ айгъир «АлхIарамалде»,
Ал хIакъазул цIурал
хулжал чIехьезе?
МегIер тун гIиги ун, хадув валагьун,
ХутIарав вехь гIадин
вуго дун гьанже.
Мун хадув вачIунев,
дуда дандчIвачIищ,
Дир соназул рехъен,
рахъ-рахъалъ араб?
Самолет бухIарав, парашют гьечIев,
Пилот гIадин вуго гIодой унев дун.
ГIолохъанав, гьудул, дуда батичIищ
Дир чIаголъиялъул чIегIераб ящик?
Прочитано 2597 раз