Версия для печати

глава VIII

Амма букIаниги цо рукIкIен буго,
РекIеда хIенсолеб, хIалхьи толареб.
Дир каву бухула кредиторас
Кавказалъе бугеб налъи бецIеян.
Нахул чирахъ гIадин,
чап-чапун унел
Черхалъул лугбузул цо зигар буго:
Дица лъималазе, инвалид гIадин,
ГIузрабазул цIураб тIалъи танилан.
Дир чIаголъиялъул чIегIераб ящик,
Щиб чIинкIиллъиялда
гьанже гьеб бугеб?
Дица гьелъул хабар хехаб телалъе,
Текст кинигин, дуе
къокъ гьабун хъвана.
Дир дандерижидал диктофоналда
Дагъистанин абун цохIо кечI буго.
Васал гьечIев дица, васасе гIадин,
Васиятги гьабун, гьеб дуе тола.
Лъабго гьаракьалъул,
микьго хIарпалъул,
Гьелъул хIайранаб цIар,
дир хIасратаб цIва.
АнцIго миллаталъул,
нусго мацIалъул,
Гьелъул наслабазе гьеб дир сайигъат.
Рортула, рортула моторал гIодой,
Роржуна, роржуна рухIал зобазде.
Дагьлъулеб, дагьлъулеб,
тIанкIлъулеб буго
Дир тIарамагъасеб лъабабилеб ригь.
Прочитано 1764 раз